Гьоркьоса къотIичIеб силсила

«Нур-ул Ислам» газеталъул редакциялъ къватIибе биччараб «Сиражу сагIадат» абураб тIехьалъул тIоцебесеб бутIаялда гьарурал-хварал соназухъ балагьидал, Абу Язид БастIамиясдаги ЖагIфар ас-Садикъидаги гьоркьоб силсила букIине рес гьечIо гурищ? Кин гьеб нужеца баян гьабилеб?»
Нижеца гьаб суал кьуна «Нурул Исламалъул» бетIерав редактор МухIаммад ХIажиевасе. Гьале гьес кьураб жаваб:
«ХIакъикъаталдаги ЖагIфар асСадикъ, Абу Язид аль-БастIами ва Абул ХIасан аль-Харкъани гьарурал ва хварал заманазул хIисаб гьабидал, тIехь цIалулесда ракIалде ккезе бегьула: «Гьал цоцазда рихьизе рес букIун гьечIо, кин гьез цоцазухъе тIарикъат кьураб?» - илан.
Гьеб гуребги, тIарикъат рихараз гьеб хIужа жидерго чорокал мурадазда, накъшубандияб тIарикъаталъул гьоркьоса тIечIеб силсила гьечIин бихьизабизе хIалтIизабизе бегьула. ТIоцебе абизе ккола, накъшубандияб тIарикъат, аслияб куцалда, рухIанияб нух буго. Гьединлъидал гьелда жаниб кIудияб бакI ккола рухIани данделъун гьелъ тарбия гьабиялда.
Гьелдаги абула увайсиятилан. Гьединлъидал ЖагIфар ас-Садикъ - Абу Язид аль-БастIами - Абул ХIасан альХаркъани силсилаялда кIвар гьабулеб буго рухIияб дандчIваялда ва тарбия кьеялда (увайсияталда), гьениб жисманияб (чорхолаб) силсила рехсон гьечIо.
Щай? Гьелъие гIиллабаздасан цояб ккола ЖагIфар ас-Садикъ гьоркьов ккун Абу Язидил чанго жисманияб силсила букIин. Гьел киналго рехсаралани, халатаб силсила лъугьинаан. Гьединлъидал батизе ккола битIахъего ЖагIфар ас-Садикъидасан Абу Язидихъе бачIунеб рухIанияб силсила рехсеялда гIей гьабураб.
Гьединго буго увайсияталъул нухда Абу Язид БастIамиясул рухIаниялъул битIахъего Абул ХIасан аль-Харкъаниясухъе тIарикъат бачIиналъул мисалги. Гьедин бачIун буго нилъехъе ва гьединлъидал гьеб хIалалъ нижеца тIехьалдаги хъван букIана. Гьеб гIечIого жисманияб ай чурхдул данделъараб силсила къваригIунезе гьебги бицинин.
Мисриялъул машгьурав гIалим МухIаммад Загьид Кавсарияс, дунялалдаго машгьураб «Аль-Азгьар» исламияб университеталъул басмаханаялда бахъараб жиндирго машгьураб «Иргъам аль-марид» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Абу Язид БастIамиясе тарбия щвана кIиго рахъалдасан: чорхолаб (жисманияб) ва рухIияб (увайсияталдалъун).
РухIаниялъул рахъалъ гьесие тарбия щвана кIудияв имам ЖагIфар ас-Садикъидасан, гьедин хъван буго хIафиз Такъиюддин ВаситIияс «Тирякъул мухIиббина» тIехьалда. Гьединго гьелъул хIакъалъулъ хъван буго Журжанияс «ШархI аль-мавакъиф» тIехьалъул ахиралдаги.
Гьединго мухIакъкъикъ ГIабдулгъани Наблусияс жиндирго «РихIлатул кубраялдаги», Каштифияс «РашахIаталдаги», кIудияв гIалим Ханияс «ХIадаикъ аль-вардия» абураб тIехьалдаги ва жеги гIемерал гIалимзабазги гьединго хъвалеб буго.
Амма гьелдаго цадахъ цIуни гьабизе ккола, Халию ва ГIамилию гIадал шигIиязул тарихчагIаз гIадин, Абу Язид БастIами ЖагIфар ас-Садикъил рокъов лъим баччулев чи вукIанилан абиялдаса. Гьелъул кьучIалда буго гьезие жидерго анцIила кIиявго имам кIодо гьавизе бокьи, Абу Язид гIадал гIадамалцин гьел имамзабазул цоясул рокъов лъим баччулев чилъун вукIанилан абиялдалъун.
Гьаниб хабар халалъилилан гуребани, дица жеги гIемер мисалал рехселаан. Жисманияб куцалъ гьел дандчIвазе рес букIинчIеблъи хIакъаб жо буго, гьезул тарихалъухъ балагьидал.
Жисманияб куцалъ тIарикъат босиялъул хIакъалъулъ абуни, «Тибянул васил» абураб тIехьалда буго Абу Язидица тIарикъат - имам ГIали Ризахъа, гьес - жиндирго эмен имам Муса Казимихъа, гьез - жиндирго эмен Казимихъа, гьесги - жиндирго эмен ЖагIфар асСадикъихъа босанилан.
Цоги нух буго Абу Язид БастIамиясухъе тIарикъат бачIараб. Гьес босана шайих РагIихъа, Курдияс «Ан-НафахIат» абураб тIехьалда жив рехсарав, гьес - шайих Шигьабуддинихъа, гьес - МухIаммад Къараясухъа, гьес - Аби Фазлихъа, гьес - Салман альФарисиясухъа, къаддаса Ллагьу асрарагьум.
Имам Рашидуддин Абул ХIасан Курашица жиндирго «МугIжам» абураб тIехьалда рехсон буго цоги гIаркьел: «Абу Язид БастIамияс тIарикъат босана МухIаммад бин Фарис Балхихъа, гьес - ХIатам альАсамихъа, гьес - Шакъикъ альБалхиясухъа, гьес - Ибрагьим бин Адгьамихъа, гьес - Малик бин Динарихъа, гьес - Абу Муслим Хавланиясухъа, гьес - муъминзабазул амир ГIумар бин ХатIтIабихъа».
Аллагь разилъаги гьел киназдасаго. Шайих ХIамидица рехсараб силсилаялда рекъон, Абу Язидица тIарикъат босун буго ГIабдуллагь бин ГIабдулвагьаб Хаваризмиясухъа, гьес - ГIасим бин ГIубайдихъа, гьес - ГIабдулгIазиз бин Халидихъа, гьес - саййид Суфьян ас-Савриясухъа, гьес - ГIабдуллагь бин Зубайрихъа, гьес - Жабир бин ГIабдуллагь Ансариясухъа, гьес - имам ГIали бин АбутIалибихъа. Аллагь разилъаги гьел киназдасаго.
Гьединабго тарих буго кIудияв шайих Абул ХIасан Харкъаниясулги. Жеги гьев гьавилалдего Абу Язид БастIамияс бицун буго Абул ХIасан Харкъани гьавизе вукIиналъул ва гьесул букIине бугеб тIадегIанаб макъамалъул.
Гьеб рехсон буго Жалалуддин Румияс жиндирго «Маснави» абураб тIехьалдаги. ХIакъикъаталдаги Абул ХIасан Харкъани гIемер хьвадулаан Абу Язид БастIамиясул хабаде ва гьесул рухIаниялдасан тарбия босулаан.
ХIатта хабалалъа нахъе унеб мехалъцин гьес Абу Язидил хобалдехун мугъ рехулароанин буго, адаб цIунун. Гьедин Абул ХIасан Харкъани 12 соналъ хьвадун вуго Абу Язидил хабаде, шайихлъи гьабизе амру кьезегIан. Гьеб буго рухIаниялъул рахъ.
Жисманияб рахъ босани, гьесул шайих ккола Аби Музафар атIТIуси, гьес тIарикъат босана Абу Язид ГIишкъиясухъа, гьес - Магърабиясухъа, гьес - гIарифиназул султIан Абу Язид БастIамиясухъа. Абул ХIасан Харкъаниясухъе тIарикъаталъул ижаза бачIараб цоги силсила буго: гьесухъе бачIун буго Абу ГIаббас ГIамалиясухъан, гьесухъе - шайих МухIаммад ТIабариясухъан, гьесухъе - Жунайд аль-Багъдадиясухъан. Жеги гIаркьалаби руго, халалъиялда хIинкъун тана, гIакълу бугезе гьалъги гIей гьабилин ккола».