Аслияб гьумералде

ЦIалдолезул пикраби

ЦIалдолезул пикраби

Газеталъул ахирисеб номералда кьун букIана «Гьаб заманалда кинаб махщелалъе лъимал цIализаризе чара гьечIеблъун бихьулеб нужеда» - абураб суал. Гьелъие рачIарал жавабал кьолел руго гъоркьехун:

Гьаб заманалда гIун бачIунеб гIелалъе щиб бокьаниги бокьараб ишалъе цIали хIажат буго. ЦIаланиги хIалтIи щоларин абула цоцояз, амма хIалтIи кибго буго. Цого-цо унтараб суал буго щивасе хIалтIичIого бечелъизе бокьи. Гьелъ руго гIемерисел гуккулелги.

Экономист, таржамачи ва менеджер

Лъималазда Къуръан малъе, Къуръаналъ гьезда кинабго малъула.

МахIачхъалаялда ругезе чара гьечIеблъун бихьула министраллъун рахъине цIали. Щайин абуни гьаб заманалда чан чи вачIунев-унев вугеб гьел хъулухъазде.

Чара гьечIого бихьула бусурбабазе къваригIарал хIажатал тIуразелъун хIукуматалъул бакI-бакIазда хIалтIизе специалистал хIадурлъи. Масала, тохтурзаби, спортсменал, министрал, депутатал… Гьелдаго цадахъ чара гьечIого къваригIуна исламияб лъайги.

Щиб хIалтIуе махщел бугониги, вугеб бакIалда викъаричIого вукIине малъизе ккола.

ГIадатияв хIалтIухъанасдаса президентасде щвезегIан.

Пикру гьабе, нилъер бакIазда цогидал миллаталъул гурел чагIи рукIинаан, нилъералго, ай бусурбаби рукIун лъикI. ГIакълу гьечIел, цебе букIинеб бугелъул ургъел гьабуларез бицуна гьенир хIалтIизе бегьуларин. Воре, тохлъуге.

Хадусеб номералъе суал «Росу-шагьар бахун къватIире, гIалахалде, рохьал-иццал ругел бакIазде хIухьбахъи гьабизе иналдалъун кинал пайдаби нужее щолел?»

Къуръан цIали, как бай ва диниял гIелмаби.

БитIун алхIам цIали.

ТIоцебесеб иргаялда, лъималазда Къуръан малъизе лъикIаблъун бихьула дида. Лъималазулъ лъикIал тIабигIатал рессизаразе жигар бахъизе ккола нилъеца. Гьелдаго цадахъ черх щулалъиялъе спорталдаги тIадчIей гьабизе ккола.

Ясазе рукъари, гIелму, квен гьаби, адаб.

ШаргIияб гIелму малъичIого рес букIунаро гьанже.

Кинабго лъималазул гьунаралда бан букIина.

Кир цIаланиги ва цIалун рахъаниги гъурщазе гIоло гьереси бицунгутIи.

КIудияв гIедал инсан хIажатал махщалабазе ругьун гьавизе ккола.

Аварагасул суннаталда рекъон лъим ххазе, чIор речIчIизе ва чода рекIине малъизе ккела.

ГIаданлъун вахъинавизе ккела.

Малъизе ккола тIад ругезул адаб гьабизе кколеблъи. Исламалъул нух ккуни, Аллагьас кинабго иш цебетIезабула.

ХIурматиял газета цIалулел! ХатIалъуларев инсан вукIунарелъул, бокьилаан газеталда ккараб гъалатI нижеда лъазабуни. Газеталда рорхизе бокьарал суалал, макъалаби, пикраби ратани гьаб 7 988 458 16 63 номералде ахIизе ва хъвазе бегьула.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...