Аслияб гьумералде

Нахъе къан чIоге

Нахъе къан чIоге

Лъица Аллагьасул диналъул рахъ кквезе ва гьеб цебе бачине кколеб? Гьеб суал буго цIакъ кIвар бугеб. ХIатта гIадатго нилъеца кколин абуниги. Как балел, мажгитазде хьвадулел, диналде гIагарлъизе хIаракат бахъулел чагIи руго, тIоцебесеб иргаялда, имамасдеги, гIелмуялдеги гIагарал чагIи.

 

Нилъеда ккола гIарцудалъун кумек гьабуни тIубалин абун. Нилъеца садакъа кьола мажгит базе, ремонталъе, батIи-батIиял хIажалъабазе. Гьеб лъикIаб ва кIвар бугеб иш ккола. Амма гьеб гIолеб гьечIо. Диналъул кьучI цохIо гIарцуда хурхун гурелъулха бугеб.

Нилъее бищун къиматаб жо щибха? Бищун къиматаб жо буго лъимал. Лъимер унтани, нилъ хIадурго рукIунелъулха бугебщинаб кьезе. Ибрагьим авараг рази вукIана Аллагьасе ﷻ гIоло жиндиего бищун хирияв вас къурбан гьавизе. Гьелъ бихьулеб буго унго-унгояб иман кинаб букIине кколебали. Гьаниб бачIунеб буго суал: Аллагьасе ﷻ гIоло щиб нилъеца кьолебин абураб. Щиб нилъеца къурбан гьабулеб?

Хасго бокьун буго гIолилазде хитIаб гьабизе. Нужер заманги, сахлъиги, къуватги буго. Нужеда лъала Аллагьги ﷻ Аварагги ﷺ вукIин. Амма дин щайха лъазабулареб?

ГIемерисеб мехалда гьелъие гIилла букIуна диналъул унго-унгояб къимат гьабунгутIи.

Инсан кIудияв вугин, хъизан-лъимал ругин аби гIилла гуро. Ургъел гьабизе ккола лъималазул. Щай нилъеца гьезие диналъулъ бичIчIи кьолеб гьечIеб? Щай нилъеца гьезда как базе малъичIеб, мажгиталде рачун, гIелму кьечIеб?

Лъимер эбел-инсухъ балагьула. Инсул гIицIго хIалтIул, гIарцул, машинабазул ургъел букIунеб батани, лъимералъеги гьединго букIине бокьула. Инсуца как балеб, Къуръан цIалулеб батани ва гьелдаго цадахъ мажгитги бокьулеб бугони, лъимерги гьел жалаздехун цIала.

Цо имамас абуна бищунго захIматаб жо батанин лъималазе тарбия кьей. Гьеб унго-унголъунги кIудияб жавабчилъи ккола.

Машина хун хадуб нилъ уна мастерасухъе. Унтараб мехалъ уна тохтурасухъе. Амма нилъер рухIалъулги диналъулги бицен ккедал, гIемерисеб мехалда нилъеца щибго гьабуларо. Амма гьеб ккола бищунго аслияб жо.

ГьитIинаб къоялдаса нахъе лъимада рокъоб бихьизе ккола дин: как, Къуръан, мажгит. Гьелде ругьунлъизе ккола. Гьелдаго цадахъ гьезул рес букIуна школалда цIализе, цIодорал рукIине, лъай щвезе - гьебги кIвар бугеб жо ккола. Амма дин букIине бегьуларо гьезул ахирисеблъун.

Цо-цо мехалда инсан живго хутIула жиндирго напсгун. Гьеб мехалъ бичIчIула: как балеб гьечIони, ишкал дуда жаниб букIин. Гьеб ракIбацIцIадго бичIчIизеги ккола.

Нилъерго гIумруялъул пикру гьабизе ккола. Квералги рорхун гьаре Аллагьасда иман щула гьабеян ва лъималги нухда рачейилан.

Щибго гьабичIого нахъе къан чIезе бегьуларо. Исламиял церехъабазда аскIор рукIине ккола, кумек гьабизе ккола, лъазе ккола, гIахьаллъизе ккола. Диналъул бутIалъун рукIине ккола, гIицIго балагьун чIараллъун гурел.

Заман бугебгIан мехалъ, нилъеца нилъгоги лъималги битIараб нухда рачине ккола. Гурони, нилъер киналго рагIаби гIицIго рагIабилъун хутIула.

 

Къурбан Рамазанов, Агул районалъул имамзабазул советалъул председатель

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


Тасаввуф - цересел гIалимзабазул цIадирабазда

Исламалъул машгьурал имамзабазул яги гIалимзабазул цонигияс суфизмалда кигIан дагьабниги гIайиб чIвачIо. Ункъабго мазгьабалъул имамзабазги гьезда нахърилълъарал гIалимзабазги, тафсиралъул, хIадисалъул гIалимзабазги тасаввуф рикIкIана исламалъул рухIлъун ва ракIлъун.   – СагIид ХIаваца...


ЦIияв ректор

Саида Сиражудинова тӀамун йиго Дагъистаналъул гуманитарияб институталъул ректорлъун. Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясул рахъалдасан баркала загьир гьабуна цеве ректорлъун вукӀарав НухӀкъади БахIмудкъадиевасе, гьес гьабураб хӀалтӀухъ. Баркалаялъул гӀаламат хӀисабалда гьесие сайгъат...


ГурхIел-рахIму

Нилъер иманалъул къиматаб жавгьаразул цояб ккола гурхӀел-рахӀму. Гьеб цIакъ беццараб тIабигIатги буго. Иман щулалъиялъе, рухӀияб рахъ цебетӀеялъе, напс квегъизе гьарулел аслиял жалазул цояблъун ккола гурхӀел-рахӀму.   Гьеб ккола инсанасул цогидал гIадамаздехун бугеб хинлъи-рокьи, лъикIаб...


Аллагьасе ﷻ бокьулеб би

Къурбанкъоялъ Адамил лъималаз гьарурал лъикIал гIамалазул бищун Аллагьасе бокьулеб гIамал би гIодобе тIей буго (къурбан хъвей).   Къурбаналъе хъураб жо Къиямасеб къоялъ бачIине буго жиндирго лълъурдулгун, расалгун, щанкIлалгун, гьелъул би ракьалде тIинкIилалде Аллагьасда ﷻ аскIоб кIудияб...


Жиндир тIабигIат - Къуръан

ХӀадисазул тӀахьазул аслиял мурадазул цояблъун ккола МухӀаммад аварагасулﷺ шамаилал тIиритIизари, ай гьесул вукIа-вахъин, тIабигIат. Къокъго абуни, Аварагасда ﷺ хурхарабщинаб. Гьелъие гIиллалъун ккана МухIаммад Авараг ﷺ камилав, жиндаса мисал босулевлъун вукIиналъ.   ТIадегIанав Аллагьас ﷻ...