Аслияб гьумералде

Индиялда рухIияб цебетIей

Индиялда рухIияб цебетIей

Индиялда ислам ккола индуизмалда хадусеб дин. ГIага-шагарго гьеб улкаялда гIумру гьабулеб буго 201 миллион бусурбанчияс. Гьезул къадаралъул рахъалъ Индонезиялда ва Пакистаналда хадуб дунялалда тIад Индия буго лъабабилеб бакIалда. Амма гIалимзабазул хIисабсуалалда рекъон, 2050 соналде бусурбабазул рикIкIен 311 миллионалде бахине рес буго.

Индиялде рачIарал тIоцересел бусурбаби рукIана гIарабазул базаргаби. Анкьабилеб гIасруялдаса нахъе буго гьениб бусурбабаз гIумру гьабулебги. МухIаммад авараг гьавизегIанго гIарабазул базаргабазул Индиялъулгун хурхен букIана. Индиялда тIоцебесеб мажгит бана Керала районалда, Индиялъул тIоцевесев бусурбанчи хIисабалда рехсолев Шераман Перумал Бхаскара Рави Вармаца, 629 соналда, МухIаммад авараг жеги чIаго вугеб заманалдаго. Гьелдаса нахъе Индиялда ислам босулезул къадарги тIадеялдаса тIаде гIемерлъизе байбихьана.

Исламияб Индиялде тIоцебесеб нух лъуна гIумеядазул тухумалъ кверщел гьабулеб заманалда, гьезул тахшагьарги букIана Дамаскалда. 711 соналда гьеб тухумалъул вакилас ТIаифалдаса 17 сон барав МухIамад бин Къасим витIана Синдх абулеб районалде. Жакъа гьеб бакI ккола Пакистаналъул ракь. МухIаммад бин Къасим, 6000 рагъухъан вугеб аскаргун, къокъана Персиялъул Макраналде ва гьенисаги Индиялъул ракьазде. Нерун шагьаралде щведал, бетIерлъиялда рукIарал буддизмалъулал монахаз гьесда разияб дандчIвайги гьабуна.

Индус гIоралда аскIоса гIебеде рукIарал гIемерисел шагьаразда гIумру гьабун ругел жидеего бокьун бусурбабазда нахърилълъана. Кин бугониги, Синдхалъул раджа Дахир бусурбабазда дандечIун вукIана ва, кIудияб аскарги бакIарун, гьезде дандеги вахъана. Рагъулаб тунка-гIуси ккана 712 соналъ, ва бусурбабаз бергьенлъиги босана. Амма, абизе ккола, Синдхалъул гIадамал ислам босизабизе лъицаго тIамулел рукIинчIин. Гьезул гIумруялъулъ кинаб бугониги хиса-басиги ккечIо. МухIаммад бин Къасимица жиндие мутIигIлъарал буддистазе ва индусазе ресал кьуна жидеего бокьараб дин гьабизе.

Масала, брахманазул къокъаялъ цебе букIахъе магъало бакIарулеб букIана, буддистазул монахаз жидерго килисабазда диниял ишал тIуразарулаан. Гьединго МахIмуд Гъазневи ва МухIаммад Тугълук гIадал церехъабазги Индиялда ислам тIибитIизабуна, гьенир ругел индусазе щибго квалквалги гьабичIого.

Ислам бачIиналдего Индиялда халкъ букIана чанго батIиял тIелазде бикьун ва гьеб сабаблъун ислам цебетIолеб букIана дагьдагьккун. Заманалдасан ислам къабул гьабизе байбихьана тIубарал тухумазго. Гьелъие рукIана батIи-батIиял гIиллабиги. ТIоцебесеб иргаялда, халкъалъе бокьана исламалъ гIадамал бащад гьарулел рукIин. Цебе инсанас щиб хIаракат бахъаниги, гьесул кинго ихтияр букIинчIо социалияб рахъалъ цеветIезе.

Ислам къабул гьабидал, гIадамазе ресал щвана халкъалда гьоркьоб цебе букIаралдаса лъикIаб бакI кквезе ва брахманазул кастаялъе мутIигIлъичIого рукIине. Бусурбабаз кверщел гьабулеб заманалда Индиялъул маданият цIилъун бачIана. Гьелъул хIасилалда бижараб индусазулгун бусурбабазул маданияталъ нахъе тана гIемерал архитектуриял, музыкалиял, адабияталъулал, диниял ва ратIлилал памятникал. Санскриталда кIалъалел бакIалъулал гIадамазул ва апараглъуда ругел парисазул, тюрказул ва гIарабазул гьоркьорлъаби цIикIкIиндал, хиндави абураб цIияб мацIги бижана.

ЖАБИР МАЖИДОВАС

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Курми росдал къо

Курми росулъ тӀобитӀана росдал къоялда хурхун байрамалъулаб тадбир. Гьеб къоялъул аслияб лъугьа-бахъинлъун букӀана щивав чияс жидерго къуват, гьунар, бергьенлъи босизе бугеб гъира бихьизабизе рес кьураб спортивияб къец. Гьелдаса хадуб киналго гьалбал кваназаруна ва цо-цо церехъабазе кьуна...


Дагъистаналъул муфти дандчIвана

Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандица Россиялъул Федерациялъул батӀи-батӀиял регионазда хӀалтӀулел Дагъистаналъул хӀукуматалъул вакилзабазулгун тӀобитӀана дандчӀвай. Гьеб тадбиралда гӀахьаллъана Россиялъул регионазда ва къватӀисел пачалихъазда гӀумру гьабулел дагъистаниязулгун...


Гьорхъохъеб дин

Ислам буго гьоркьохъеб ва бигьаяб дин. ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абуна: «Нижеца нуж умматлъун гьаруна гьоркьохъеб хIал ккураб», - ян («Бакъара» сурат, 143). Гьелъул магӀна ккола муъминчиясул нух хӀинкъиялдаги хьулалдаги гьоркьоб букӀине кколин...


Рокъоб мавлид гьабиялъул даража

Абубакр Сидикъас абуна: «Мавлидалъе цо диргьам жинца кьурав чи Алжаналъув дир гьалмагъ вуго», - абун.   ГIумарица абуна: «Аварагасул ﷻ мавлид жинца кIодо гьабурав чи, ислам чIаго гьабурав чи вуго», - ян. ГIусманица абуна: «Мавлид цIализе цо диргьам жинца кьурав...


Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.   Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал...