Аслияб гьумералде

Асаразул баракат

Асаразул баракат

Асаразул баракат

Бусурбанчиясда лъала Аллагьас ﷻ гурони лъикIлъи тIаде бачIинабулареблъи ва квешлъиги нахъчIвалареблъи, баракатги гьебго къагIидаялъ гIицIго Аллагьас ﷻ кьола.

 

Нилъеда лъала асхIабзаби Аллагьасда ﷻ цере цIакъ кIудияб даражаялда ругеблъи, Живго Аллагьас ﷻ тIаса рищана гьел Аварагасе ﷺ асхIабзабилъун рукIине. ШаргIалъул бищун камилаб тарбия тIолго аварагзабазул тIаса вищарас жидее кьурал чагIи ккола гьел.

Къуръаналъулаб камилаб тарбия щварал асхIабзабаз кутакалда кIодо гьавулаан Авараг ﷺ ва баракат тIалаб гьабулаан гьесде гIунтIарабщинаб жоялдалъун.

 

Аварагасул ﷺ хобалдалъун асхIабзабаз баракат тIалаб гьаби

Давуд бину Абу-СалихIидасан бицана. Цо къоялъ Марванида ватана цояв, Аварагасул ﷺ хобалда тIаде къулун, гьелда тIад гьумерги лъун. Марваница гьев, габуралдасаги ккун, тIаде ворхана ва гьикъана: «Дуда лъалищ дуцаго гьабулеб жо?» - ян. Дов чияс, лъалаянги абун, Марванидехун гьумер буссинабуна. Марванида вихьана гьев асхIабзабазул бищун машгьурал ва лъай бугезул цояв Абу-Муса АшгIари вукIин. «Дида лъала дицаго гьабулеб жо, дун ганчIихъе вачIун гьечIо, дун вачIун вуго Аварагасухъе ﷺ. Дида рагIун букIана Аварагас ﷺ абулеб: «Нуж гIодуге нужер диналда тIад, нужеда тIаде мустахIикъал чагIи ккедал. Нуж гIоде, нужеда тIаде мустахIикъал гурел чагIи ккедал», - ан. (АхIмад)

Къази ГIиязица бицана: «ГIадамалги нахъе ун, Аварагасул ﷺ мажгиталда жанир асхIабзаби жалго хутIидал, гьез Аварагасул ﷺ хобалда дандбитIун бугеб минбаралъул набалдашникалда (гIансил бетIер гIадаб бакI) кверал хъвалаан, цинги гьез, квералги эхеде рорхун, къиблаялдеги руссун, дугIа гьабулаан», - илан.

Авараг ﷺ накълулъун хадуб нилъеда лъала Билал-асхIаб Шамалде гочараблъи. Гьелдаса хадуб чанго сон гьоркьоб индал, Билалида Авараг ﷺ макьилъ вихьана: «Ле, Билал, гьаб щиб дур цIорон чIей? Заман щвечIищ дуе дихъе зияраталъ вачIине?» - ян абурал магIнаялъул рагIаби абуна гьесдехун. Хадусеб къоялъ Билал рекIине хIайванги къачIан Мадинаялде ине къватIиве вахъана. Аварагасул ﷺ хабада аскIове вилъун гьениве тIадеги къулун Билал гIодана ва гьоркьо-гьоркьоб жиндирго гьумерги цвизабуна Аварагасул ﷺ хобалда тIад. Гьесда аскIоре рачIана ХIасан ва ХIусен. Билалица гьел цин цояв цинги цогидав дандеги къан къвалал рана гьезда. Цинги гьез Билалида гьарана Аварагасул ﷺ заманаялъ ахIулеб букIараб гIадин, жидеда рагIизе как ахIейилан. Билал-асхIаб, мажгиталъул тIохдеги вахун, цеве чIолев вукIараб бакIалда чIана ва Аллагьу акбар абун как ахIизе лъугьана.

 

Аварагасул ﷺ расалдалъун баракат тIалаб гьаби

КьучIаб хIадисалда буго: «Аварагас ﷺ, чIинхалги рехун (хIеж гьабулаго), къурбанги хъун хадуб, жиндир бетIер кIкIвалев вукIарав МагIмар бину ГIабдуллагь АлгIадавиясухъе цин бетIералъул кваранаб рахъ кIкIвазе кьуна. Гьес гьеб кIкIвайдал, Аварагас ﷺ гьел расал Абу-ТIалхIатил Ансариясе кьуна. Цинги кьуна МагIмарихъе бетIералъул квегIаб рахъ кIкIвазе. Гьениса щварал расалги Абу-ТIалхIатихъе кьуна ва абуна гIадамазе рикьеян», - абун. (Байгьакъи, Тирмизи Муслим)

ГIусман бину ГIабдуллагь бину Мавгьибица бицунеб буго: «Рукъалъул агьлуялъ дун витIана, гIарцул гьитIинабго суркIа Умму-Сулайматихъе тIадбуссинабизе. (Умму-Сулайм ккола Абу-ТIалхIат Ансариясул хъизан). СуркIаялъуб букIана лъим ва лъелъ – Аварагасул ﷺ расал. Бер ялъуни батIияб унти ккедал, гIадамаз цониги чи витIулаан Умму-Сулаймихъе, цIарагIги босун гьенибе Аварагасул ﷺ расал жанир рукIараб лъим тIезе, гьеб лъедалъун дару гьабизе. Гьелъул доба дида бихьана цIумуралъул сипаталда гьабураб гIарцул тIагIел, гъоркь бугеб жо цIунизелъун тIад лъолеб, гьенир рукIана Аварагасул ﷺ расал», - абун. (Бухари)

Нужеца халгьабе, хIурматиял бусурбаби, асхIабзабаз кин баракат тIалаб гьабулеб бугеб, цохIо расаздаса гуребги, расал жанир рукIараб лъедасаги!

Ярмукалъул къоялъ Халид бину Валидил тIагъур билана. Гьес жиндирго боялде амру гьабуна гьеб балагьеян, амма батичIо. Гьес кIиабизеги тIамуна гьел тIагъур балагьизе ва кодобе щвана. Гьеб бугоан басрияб тIагъур. Халид-асхIабас абуна: «Аварагас ﷺ хIеж гьабидал, бетIер кIкIвана. Киналго гIадамаз, гIедегIун, жидеего росана Аварагасул ﷺ бетIералъул хьибилалдаса расал. Гьесул надалда бугеб рас тIалаб гьабиялъулъ дун цогидазда цеве ккана ва гьел дица лъуна дир тIагъуралъул цебесеб рахъалда. Гьеб тIагъурги лъун дун кинаб гъазаваталда гIахьаллъаниги, Аллагьас ﷻ дие бергьенлъи кьолаан», - абун. (ТIабарани)

ГIубайдату Салманияв абулев чияс абун буго: «Ракьулъги ракьалда тIад бугебги тIолго месед-гIарацалдасаги цIикIкIун дие ТIагьаясул ﷺ цохIо рас щвезе бокьилаан», - абун. («Муснаду АхIмад бину ХIанбал», 13710)

 

МухIаммад Багьавудинов

 

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


ХIасил щиб ккараб?

АлахIамдулиллагь, щибаб рецц Аллагьасе ﷻ, ракI бохулеб, черхалъе гьайбатаб асар гьабулеблъун букIана риидалил гIодоркъоязда Къуръан цIализе, как базе, тIабигIат берцин гьабизе, дарсазде хьвадун, лъималаз мажгитал цIун рукIараб заман.   Лъимал руго нилъер берзул канлъаби, рухI кьунги гьезие...


Камиллъарав авараг

Нилъее мисаллъун ва шаригIат малъизелъун Аллагьас ﷻ витIарав чи вуго хирияв МухIаммад авараг ﷺ. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Аллагьасул расуласда буго нужее, я муъминзаби, берцинаб нахърилълъин…». (Сура «ал-АхIзаб», аят 21).   Нужеца...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Лъимер хьихьизе бачине бокьун буго     Дир йикIана яс. Гьей унтана ва къадаралда щвана. Гьеб ками цIакъго захIмалъана. Лъимер гьабулеб ригьалда гьанже дун гьечIо, амма лъимер хьихьизе бачине бокьун буго. Аллагьасда ﷻ цебе гьеб лъимер дирлъун лъугьунищ?   Ш.,...


ДугIаялъул хиралъи

ДугIа гьаби ккола гIибадаталъул ракI гIадаб жо. ДугIа гьабиялда жаниб лагъас жиндирго мискинлъи, гIодовегIанлъи, Аллагьасде ﷻ живго хIажалъи, Аллагьасул ﷻ бечелъи загьир гьабулеб буго. Кинабго жоялъулъ Аллагьасде ﷻ гьардолел рукIине ккола. Нилъее, Аллагьас ﷻ кьураб гурони, щибго жо...


ХIикматал махлукъатал

Попугай ччугIа Пляжал гIуцIулеб. Гьеб ччугIил щибаб чIандероялда руго нус-нус гьитIинал, горал гIадал жал цоцалъ щулаго гъункун лъугьарал, гозоялъул кинниги сипат бугел цаби. Цабиги руго батIи-батIияб маххалдасаги къвакIарал. Цабзаздалъун гьез кораллал къунцIула. Габуралъул рахъалдаги руго жеги...