Аслияб гьумералде

Ният халгьабун…

Ният халгьабун…

Къокъаб, амма магIна гъваридаб аби буго: «РакIбацIцIалъиялъ, ай ихласалъ гIажаибал жал гьарула», - ян абураб. Гьел рагIабаз мухIканго загьир гьабула муъминчиясул гIумруялъул аслияб магIна. Ахир-къадги исламалда бокьараб гIамалалъе къимат гьабула гьелъул сипат-сураталдалъун яги кIодолъиялдалъун гуреб, гьеб гьабулеб мурадалдалъун.

 

Аллагьасул Расулас ﷺ абуна: «Ишазе къимат кьола нияталдалъун, щивав чиясе щвезе буго жинцаго къасд гьабураб жо», - ян. (Бухари, Муслим)

Цого-цо гIамалалъул Аллагьасда ﷻ цебе тIубанго батIияб къимат букIине бегьула. Инсанас как бала, кIал ккола, цогидазе кумек гьабула, амма гьесул рекIелъ рецц-бакъалъе яги машгьурлъизе ният батани, гьединал гIамалазул къимат лъугIула. Гьелъул гIаксалда, Аллагьасе ﷻ гIоло ракIбацIцIадго гьабураб гьитIинабго лъикIаб гIамалалъулцин кIудияб кири букIине бегьула.

Исламалъул тарихалда руго гьелъие гIемерал мисалал. ХIадисалда бицунеб буго цо чIужугIаданалъ къечон бугеб гьвеялъе лъим кьедал Аллагьас ﷻ гьелъул мунагьал чуриялъул. Цогидав чиясе, гьединго цо хIайваналда гурхIелги гьабун, тIаса лъугьинги кириги щвана. Гьел ишаздасан бихьулеб буго гьабулеб жо гьитIинаб букIине бегьулеблъи, амма ракIбацIцIадаб ният бугони, гьеб тIадегIан гьабулеб букIин.

ЧIахIиял лъугьа-бахъиналцин ракIбацIцIалъиялда рарал рукIана. Бадруялъул рагъда дагьалго бусурбабазе бергьенлъи щвана жидерго иманалъул ва къасдазул бацIцIалъиялъул хIасилалда. Амма УхIудалъул гъазаваталда, дунялалъул пайдаялде бугеб гъира цо-цоязул ракIазде лъугьараб мехалъ, ахIвал-хIал хисана. Гьебги нилъее дарслъун ккола: дунялалъул къасдал нияталде гъорлъе журан лъугьиндал, баракат бахъула.

КIудиял гIалимзабазул гIумруялъулъги ракIбацIцIалъиялъ хасаб бакI ккола. Имам Бухарияс жиндирго хIадисазул мажмугI данде гьабиялъе гIемерал сонал кьуна, гьеб масъалаялде гъваридаб такъвагун вачIун. Имам Нававиясул къокъаб гIумру букIана, амма нахъе тана жакъаги цIалулел гIемерал тIахьал. Гьезул ирс буго Аллагь разилъиялъе ракIбацIцIадго гьабураб захIматалъул хIасил.

КIвар бугеб жо ккола бичIчIи, ракIбацIцIалъи, гIицIго балъго иш гьаби гуреблъи. Гьеб ккола рекIел хIал. ЛъикIаб иш гIадамазда бихьизе бегьулин абун тейги - рияалъул цо тайпа ккола. ХIакъаб ракIбацIцIалъи ккола цогидазда бихьаниги бихьичIониги Аллагьасе ﷻ гIололъун цо щиб бугониги гьаби.

ГIалимзабаз абула, гьитIинаб гIамал бацIцIадаб нияталъ тIадегIан гьабула, кIудияб гIамалги букIуна нияталъ жиб гIодобегIан гьабулеблъунилан.

РакIбацIцIалъи буго щибаб рагIуе ва щибаб ишалъе магIна кьолеб кьучI. Гьелъ гьитIинабги кIодо гьабун, ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ цеве инсан макъамалде вахинавула.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...