Аслияб гьумералде

Малъал рукъи: гIадатлъун лъугьараб хасият

Малъал рукъи: гIадатлъун лъугьараб хасият  

Малъал рукъи: гIадатлъун лъугьараб хасият

Жидедаго лъачIого малъал рукъулел чагIи чанги рукIуна. Гьеб ругьунлъун ккараб жо бугинги абун, кIвар кьечIогоги тола. Медицинаялъин абуни гьелда абула онихофагия абун. Грек мацIалдаса буссинабуни, гьелъул магIна ккола «малъал кванай» абураб.

 

ГIемересеб мехалда онихофагия загьирлъула 3-10 сонил ригьалда ругел лъималазулъ.  ЦIикIкIараб ригьалде рахаразул цо-цоязулги букIуна гьеб гIадат, хасго руччабазда гьоркьоб цIикIкIун дандчIвала.

Малъал рукъиялъ сахлъиялъе кIудияб зарал гьабуларо, амма гьабичIогоги толаро. Масала, тIомалда лъурал ругъназдасан инфекция лъугьине рес буго.

 

КъватIисел гIаламатал

Пациентасул малъал хIанчI-хIанчIарал ва форма хисарал рукIуна. Малъазда сверухъ бугеб гьан тамахлъула, цIирижарал малъал рукIунаро. Малъазул мицIрал цокIалал гурел, гъата-гъатал ккарал рукIуна. Пластинаялъул хьалбазда рихьула гьитIиналго ругънал. Заманалдасан малъ биццалъунги бачIуна.

 

Физиологиял гIиллаби

- Эбел-инсуца лъимадул малъазул тIалаб, жиндир заманалда гьабунгутIи. Жинцаго малъал къунцIиялъул бакIалда лъимал гьел рукъизе лъугьуна, жиндиего «маникюр» гьабула.

-  Гьеб иш гьабулаго чиясе щола физическияб лазат.

- Нервабазул ва рекIелгун бидурихьазул системабазул унтаби загьирлъула ва неврозалъ унтула.

- Гьеб ккола гIураб къадаралда витаминал ва минералал щунгутIи. Гьединаб мехалда цIикIкIуна рекIел рахIатхвей, хехго свакала.

 

Психологиял гIиллаби

- ЦIикIкIараб рахIатхвей: чияс малъал рукъизе байбихьула тIаде бачIараб рекIел хIалуцин инабизе гIоло.

- Аутоагрессия – щиб бугониги сабаблъун тIаде рачIарал квешал пикраби  жиндаго тIаде цIай.

- Хъизамалда бугеб лъикIаб гуреб ахIвал-хIал рокъосезе кидаго гIазаблъун ккола. Гьединаб хъизамалда щивас батIи-батIиял къагIидаби хIалтIизарула ракI чучиялъе.  Цо-цоязда малъал рукъиялъулъ батула нух.

- Социалял тунка-гIусаби. Сверухъ ругезулгун берцинаб гьоркьоблъи чIезабизе кIунгутIиялъ инсан батIа кIанцIун, живго жиндиего гIун чIола, гьоркьоса къотIичIого рахIатхун вукIуна. Гьеб сабаблъун такрарлъулел, гьоркьоса къотIуларел ишал гьаризе байбихьизе рес буго.

- Сверухъ ругез гьабулелда нахърилълъин.  Лъималазе хасиятаб жо буго батIиял лъималазул яги чIахIиязул ишал такрар гьари.  Яслиялда, классалда яги хъизамалда малъал рукъулев чи вугони, гьебго жо лъималазги гьабизе рес буго.

- ЦIикIкIараб хIалтIи ва хIал дагьлъи, свакай.   Психологал гIемер дандчIвала пациентаз рухIияб, гIакълияб захIмат ялъуни физическияб нагрузка инабизе гIоло малъал рукъизе байбихьиялда.

- Тарбия кьеялъул гIиси-бикъинал батIалъаби — онихофагиялъул цоги тIибитIараб гIилла.  Эбел-инсул рахъалдасан лъугIи гьечIел бадирчIваял, гIайибал гьари, тIалабал, лъимадул куц-сипаталъе яги хьвада-чIвадиялъе квешаб къимат кьей.

Психолог Александра Морозовалъ рикIкIунеб буго: «Малъал рукъиялъ чиясул гIадалнахуда букIунеб унтиялъухъ жаваб кьолеб бакI хIалтIизе тIамула. Гьелъ  гIодобе къазабула  рахIатхвей, рекIел хIалуцин. Психикаялъе бугеб рахIатхвей  гъоркье ккезабула малъал рукъиялдалъун чияс жиндирго гьан-тIомалъе  гьабулеб унтиялъ. ХIасил - инсан гIодове виччан уна».

 

Дару гьаби

Жидерго лъималазулъ гьеб заралияб хасият тIагIинабизелъун специалистазул кумек балагьи гIадада заман инаби бугин рикIкIуна цо-цо эбел-инсуца ва дагьаб мехалда гурони асар гьабуларел халкъиял къагIидабазухъе руссуна. ГIемерисез хIаракат бахъула онихофагиялъул къватIисел гIаламатазда данде къеркьезе, гьеб унтиялъул  аслу щиб бугебали  балагьизе ракIалде ккечIого.   Онихофагиялъе гIилла чIезабун гьечIони, халкъиял къагIидабаздалъун малъал рукъи тезе бегьула чияс, амма гьелъул бакIалда байбихьизе бегьула, масала, кIутIби хIанчIи, рас бетIи, чанхъ, тIихь ва гь. ц. бикIизе.

ЧIахIиязул онохофагиялъе дару гьабиялъул кIиго рахъ буго: малъалги хIанчI-хIанчIараб тIом рукIалиде ккезаби ва гьелъие  бугеб гIилла нахъе инаби. Онихофагиялъе дару чIезабизе къваригIуна лъабго специалист: психолог, дерматолог ва терапевт

 

Нужер лъималаз малъал рукъулел ратани гьабизе кколеб жо:

  1. Нужер лъималаз малъал рукъулел рихьани, лъимералде семуге, тамихI гьабизе лъугьунге. ХIаракат бахъе лъимада кверчIвазе, тIалаб-агъаз гьабизе. Лъимер бичIчIулеллъун, гьебгун ракIал рагьараб гьоркьоблъи букIинабизе хIаракат бахъулеллъун рукIа. ТIадаб куцалъ букIине ккола лъимер беэди: къвал бан, гьезул кверзул килщал лъухьун. Эбел-инсуда цадахъ лъимералъ бараб сагIат-минут букIине те рохалилаб, разияб.
  2. Онохофагия щиб кколебали, малъал рукъиялъ щиб зарал гьабулебали гIадатиял рагIабаздалъун бичIчIизабе лъимада, гьелъ рарал соназде, гьелъул бугеб гIелалде балагьун.
  3. Нужергоги батани онихофагия, жигар бахъе гьеб инабизе, нужерго мисалалдалъун гьезда бихьизабизе.
  4. ХIаракат бахъе лъимералда сверухъ рази-ракияб, сахаб, хIинкъи гьечIеб ахIвал-хIал букIинабизе. Хъизамалда дагьлъизабе хIалуцин, тунка-гIуси. БичIчIизабе рахIатхвей инабиялъе малъал рукъи гуреб батIиял ресалги рукIунеблъи.
  5. Малъал рукъиялдаса ратIалъизе кIвараб гIамал гьабулеб бугони лъималаз, гьезие рецц-бакъ гьабун, шапакъатал кьун рохизаре. Нервабазул хIалуцин гIодобе къазабизелъун батIиял ресал хIалтIизарун, малъал рукъичIого къокъаб заманалдагIаги яхI бахъизе кIвани лъималазда, рецце гьел.  Цере рехизаре гьезул хасияталъул къвакIи, таваккал, тIадчIей. Гьелдалъун рес букIуна лъимадул  жиндирго рухIалда божи цIикIкIинабизе.

 

Онихофагиялда данде чIахIияз щиб гьабилеб?

  1. ТIоцебе лъазабизе ва бичIчIизе ккола онохофагия ккеялъе гIилла. Бегьула малъал рукъулаго рекIел хIал кинаб бугебали, сундул хIакъалъулъ ургъулел ругелали хъван, халгьабизе. Чанго анкьида жаниб гьединаб дневник бачунеб бугони, тIатуна онихофагия ккеялъе психологиял гIиллаби, гьединго бичIчIула кинал  лъугьа-бахъинал сабаблъун чияс малъал рукъизе байбихьулебали.
  2. РекIел хIалуцин, рахIатхвей инабизе хIалтIизаризе ккола сахал къагIидаби: гъваридго хIухьел цIай,  физическиял упражнениял гьари.
  3. Малъал рукъичIого яхI гьабизе кIвеялъухъ   нужеего батIи-батIиял  шапакъатал гьаре, нужее кумек гьабизе, малъал рукъи теялъулъ гьабулеб бажариялъе лъикIаб къимат кьезе кIолел гIагарал-божараздаги бице.
  4. Заралияб хасияталдаса ратIалъизе ккани къваригIуна заман ва тIадчIей. Жидерго рухIалдалъун онихофагиялдаса бергьине кIолеб гьечIони, ине ккола кумек балагьун специалистазухъе. Гьез, нужее рекъараб планги гIуцIун,  малъа-хъваял гьаризе руго,   гали ккун  гьеб малъал рукъи тезе нужеда кIвезабизе.

 

 

Барият МухIаммадова

 

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


ЛъикIал гIамалал

ХIадисалда буго: «Аллагь ﷻ лъикIав вуго, Гьесие лъикIлъи бокьула. Гьес ﷻ лъикIлъиялдалъун щвезе рес кьола кьвари ва цогидалдалъун щвезе кIолареб жо», - абун (Бухари). Дунял бихьиялъе Аварагасул ﷺ гьал рагIаби кьучIлъун руго бусурбанчиясе. ЛъикIлъиги, гIицIго беццараб гIамаллъун букIин гуребги, гьеб...


Къурбаналъул гIид

ХIурматиял магIарулал, гьале тIаде щолеб буго исламалда жаниб кIудияб гIидлъун рикIкIунеб Къурбаналъул байрам.   Гьелъул аслу буго Ибрагьим аварагасдаса бачIараб. Гьебго тарих буго исламалъул щуабилеб рукнулъун бугеб хIежалъулги. Нилъер диналъул вацалгун яцал гьел къояз рукIуна хIежалъул...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде  +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!       Сусланова ПатIиматзагьра, 6 сон, Калининаул росу. Темирукаев Ибрагьим, 7 сон, Ленинаул росу. ГIабдулгIазизова ГIайшат, 6 сон, ГIочIло росу. Лабибова Самира,...


Ахирисел хириял къоял

ТIаде щолеб бугеб иргадулаб моцI ккола ЗулхIижа. Гьеб ккола исламалда жаниб Ражабгун, ЗулкъагIидагун ва МухIаррамгун цадахъ, ункъабго хирияб моцIалъул, цояб. Гьел моцIазда жаниб ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хIарам гьабуна рагъ-кьал, тунка-гIусиял, би тIей.   Гьеб моцIалъул тIоцебесеб анцIго...


Ният халгьабун…

Къокъаб, амма магIна гъваридаб аби буго: «РакIбацIцIалъиялъ, ай ихласалъ гIажаибал жал гьарула», - ян абураб. Гьел рагIабаз мухIканго загьир гьабула муъминчиясул гIумруялъул аслияб магIна. Ахир-къадги исламалда бокьараб гIамалалъе къимат гьабула гьелъул сипат-сураталдалъун яги кIодолъиялдалъун...