Аслияб гьумералде

Розаялъул нах

Розаялъул нах

Розаялъул нах

ГIали-асхIабас бицана Аллагьасул Расулас ﷺ абунилан: «Дун МигIражалде вачараб сордоялъ, дир гIетIул цо къатIра ракьалде тIинкIана. Гьеб бакIалда роза бижана. Дир чорхол махI сунтIизе бокьарав чияс розаялъул махI сунтIе», - ян.

 

Гьеб гьайбатаб тIегьалъул берцинлъиялдасаги хIикма-таб махIалдасаги гуреб, жеги цIикIкIараб пайда босизе бегьула гьелъул гьабураб нахудасаги.

Розаялъул нахул буго микробал чIвалеб гьунар. Гьединго гьеб хIалтIизабула гьуразул унтуде дандеги (ревматизм). Лъималазул хIеренаб тIомалъецин зарал гьечIо гьелъул, кинниги 6 сон тIубазегIан цIодорго хIалтIизабизе ккола.

Гьелъул лъикIал рахъаздасан буго: ругъун сах гьабизе квербакъи, тIомол хIал лъикIлъизаби, рукIкIалаби тIагIинари. Гьелъ тIомода рижарал жал сах гьаризе кумек гьабула, унтуца къватIибе кьураб, микробал сабаблъун тIаде бараб жо тIагIинабула. Аллергия сабаблъун рижарал жалазде дандеги кумек гьабула.

ТIомода тIад рихьулел гIисинал бидурихьал ругел гIадамазе розаялъул нахалъ пайда гьабула. Гьурмал, беразул гьорой инабула, беразда гъоркь ругел чIегIерал горал тIагIинарула. ГIолохъанлъи цIуниялъе лъикIаб асар гьабула. РакI багъари, лагIизе бачIин нахъчIвазе хIалтIизабизе бегьула. Гьединго ботIрол унтуде, рухI тIагIиналде, бетIералда жаниб бугеб хъуялде дандеги чIола. Мукъуралъул (зоб) ва бакьазул хIалтIи рукIалиде бачIинабула.

Розаялъул нах тIомода бахуна, гьекъоларо. Гьелъул кинаб бугониги заралги гьечIо. Амма лъимаде йигей гIаданалъ, тохтурасда дандбачIого, хIалтIизабизе лъикIаб букIунаро.

 

Хадижат Хизриева

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...