Аслияб гьумералде

Дунял таралдаса 150 сон

Дунял таралдаса 150 сон

Дагъистаналдаги гьеб бахун къватIибги ватиларо имам Шамил лъаларев, гьесул хIакъалъулъ бицунеб рагIичIев чи. Аллагьас гьесул цIар дунялалдаго тIибитIизабуна. ХIатта гьаб нилъ жинда жанир ругеб, гьев дунялалдаса накълулъун 150 сон араб заманалдаги гьесул цIар рехсолеб буго.

Дицани абила гьеб батилин Шамил имамасул букIараб гъваридаб иманалъул ва хIалтIулъ ракIбацIцIалъиялъул хIасилин абун. Щайгурелъул, имам гуревги накъшубандияб тIарикъаталъул муршидги вукIиндалха гьев. Гьеб буго кутакалда тIадегIанаб даража.

Имамлъиги тIарикъаталъул устарлъиги данделъиялъ гIемерал халкъал данде гьарула. Гьеб буго жив жанив вахъараб икълималъе кьураб талихIгун БетIергьанасул сайгъат.

Гьаб макъалаялда дие борхизе бокьараб кIиго-лъабго масъала буго. Гьезул тIоцебесебги буго кинаб хIасил гьесул хIалтIул, ай 30-гIанаб соналъ гьабураб къеркьеялъул ккарабин абураб. Гьеб суалалъе жаваб балагьилин жакъасеб къоялъул хIакъикъаталдеги раккун.

Дагъистан баракатаб бугин абун цIар кьун тIибитIун буго гьелда сверухъ ругелщинал гIадамаз. Дицани тола гьелъие аслияб гIиллалъун кколин Шамил имамас гьабураб хIалтIи. Гьединго жакъа къоялъ нилъ ратун руго исламги бичIчIулел, дагьабниги гьелда нахъги рилълъунел гIадамаллъун. Гьелъие сабаблъунги имамасул хIаракаталъул хIасилин батилин ккола. Щайгурелъул, рачIаха балагьизин нилъеда сверухъ ругел республикабазда бугеб динияб хIалалде.

Гьезул иш кутакалда нахъе ккун буго. Гьанжеялдаса 150- 200 соналъ цебе исламалде данде гьениб гьабураб хIалтIул кьогIаб хIасил буго гьеб. Гьеб заманалда нилъер умумул имам Шамилгун цадахъ, гьеб питнаялдаса нилъер къисмат цIунун, хIалтIана. Гьелъул хIасилалдаса пайда босулел гIадамал ккола нилъ.

КIиабилеб масъала буго, гьаниб борхизе бокьараб, Шамил имамасда нахърилълъунеллъун, гьев вокьулевлъун, гьесул хIурмат ва къадру цIунулеллъун ругищ нилъин абураб. Гьабеха щивав чияс хIисаб. Жакъа имам нилъеда гьоркьов чIаго вукIаравани, щиб нилъеца гьабизе букIараб? Гьевги веццун кечIбакъан ахIулеб мажлисищ гIуцIизе букIараб яги гьесие памятник базе хIаракатищ бахъизе букIараб? Разилъилаандай гьелда имам? Гьеб суалалъе жаваб кьечIого телин.

Имам Шамил разилъилаанин ккола исламалъул нух щулаго нилъеца кквезе хIаракат бахъарабани. Исламалъул гIелму нилъецаго цIалун, лъимал цIализарун, гьеб цIалулел, гьелда тIад чIаразе кIвараб кумек гьабулеб бугони. ГьабсагIат нилъеда цере ругел диниял гIалимзабазда, устарзабазда нахърилълъун, кIвараб кумек гьезул хIалтIуеги халкъалъеги гьабуни. Нилъерго гIамал-тIабигIат лъикIаб рахъалде сверизабизе кIвар кьуни.

Аварагасул гIумру лъазабуни, гьесул суннатал тIуразаризе яхI бахъани. Гьеб захIматаб жойищха кколеб? Нилъ гурищ имам Шамилил ирсилалин, ракьцоялин цогидазда цере керен бухулел ва чIухIи гьабулел гIадамал? Нилъ гурищ Шамил имамасул суратал къадада ралел, телефоназда жанир цIунулел ва гьел цоцахъе ритIулел чагIи? Гьеб кинабго кутакалда беццараб иш буго, лъикIаб ниятги буго. Амма гьелда къокълъун чIеялъул хIасил дагьаб букIуна. Гьадаб тIадехун рехсараб иш гьабизе хIаракат бахъизе ккела киназго.

КигIан санагIат гьечIеб бугониги цоги масъалаги рехсела. Лъиего балъгояб жо гуро Дагъистаналъул гIадамазда гьоркьор Шамил имамасде данде рахъарал гIадамал рукIараблъи. Лъидаго мухIканго лъаларо, гьезда гьоркьор нилъер умумул рукIун ратизеги бегьула, гIага-божарал ратизеги бегьула. РачIа цо гьадинаб жоялъул пикру гьабилин.

Имамасде данде рахъун рукIарал гIадамазул ракI бухIичIодай жидехъаго ккараб хIалихьатаб ишалда бан? Узухъда, бухIана. Гьелъул нич жидерго наслабазеги тана гьез. Жакъа къоялъ лъие бокьилеб дур умумул имамасде данде рахъарал гIадамал рукIанин абизе яги бадибчIвай хIехьезе? Гьеб буго сахлъулареб ругъун.

Гьеб цебего араб жо бугин, рачIа гьанже бугелъул бицине. Щибго батIалъи гьечIого цебе заманалда ругезе имам Шамил кьун вукIарав гIадин цевехъанлъун, гьабсагIат ругезе Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад афанди ва цогидалги устарзабигун жидер гIелму гъваридал, варагI бугел гIалимзаби руго.

Шамил имамасул разилъи щвезе, гьесул хIурмат гьабизе бокьарав чияс жакъа къоялъ ругел исламалъул церехъабаз бихьизабураб нух щулаго ккуни, имамасул разилъи щвелин ккола дида.

Нилъеца тIадехун рехсана имам Шамилил хIалтIул хIасилалдаса пайда босулеб бугин нилъецайин абун. Гьесул нух нилъеца кквечIони, хадусел гIелазе щвечIого букIине рес буго гьеб битIараб нух. Гьединлъидалин жакъа нилъеца кIвараб жигар бахъизе кколеб гIун бачIунеб гIелалъе исламияб тарбия кьезе, гьезда гIелму лъазабизе, гьелда гIамал гьабулеллъун гьел лъугьинегIан тIадчIун хIалтIизе. Гьелъие бищунго аслияб жоги буго нилъерго мисалалдалъун бихьизаби. Живго рокъовги вегун яги телефоналде тIаде къулунги вукIун лъималазда мажгиталде какде, жамагIаталде хьвадизе кколин абун ахIдеялъ жиндирго гьаракь хвезаби гуреб тIокIаб хIасил кьоларо.

Аллагьас тавпикъ кьеги бусурбанаб умматалъего гьаб ахирзаманалда исаламалъул нух щулаго кквезе! Амин!

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


«Инсаналъ» къотIи гьабуна

«Инсан» фондалъул генералияв директор щвана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул вакиллъиялде ва гьенив дандчӀвана республикаялъул вакиласул ишал тӀуралев Нагиев Руслангун ва гьесул гьалмагъзабигун. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул бугеб кIваралъул, цадахъ...


ГIажаибаб мугIжизат

Къуръан ккола жибго бищун кIудияб мугIжизат. Ва щибаб нухалъ гьеб лъазабидал гIажаиблъизеги гьарула. Гьелда жаниб географиялъулги хIикматал руго.   Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: وَهُوَ الَّذِي خَلَقَ اللَّيْلَ وَالنَّهَارَ وَالشَّمْسَ وَالْقَمَرَ كُلٌّ فِي فَلَكٍ يَسْبَحُون   МагIна:...


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...


Берцинлъи гьаби

Инсанас ретIулеб ретIелги берцинлъиялъе хIалтIизе гьарулел жалги хIалалал рукIуна, гIаммаб куцалда босани. Кинниги гьезда гъорлъ руго хIалтIизаризеги ва гьездалъун къачIадизеги бегьуларел жалги.   Гьел киналго хIалтIизаризе бегьулел жал руго Аллагьас нилъее дунялалда ругебгIан заманалъ...