Аслияб гьумералде

Балагьазе сабаб

Балагьазе сабаб

Балагьазе сабаб

ХIурматияб диналъул агьлу. Гьал ахирал сонал руго нилъер улкаялда лъикIаланго хIалуцарал. Дунялалда тIад щибниги жо багъаруларо БетIергьанасул амруялдалъун гурони. Кинниги щибаб жоялъе сабабги камуларо. Нилъеде тIаде рачIунел балагьал нилъго сабаблъун рукIине рес цIикIкIараб буго.

Аллагьас тIаде тIамулеб питна цо-цо лагъзадерил хьвадиялъухъ балагьунги букIуна. Аллагьасул ццим бахъунеб хьвади халкъалъ гьабураб мехалъ, Гьес гьезда тIаде залимзаби тIамула. Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул аят: «Гьеб куцалда Дица цо-цо залимзаби цогидазда тIаде тIамизе руго, гьез гьабулеб пиша сабаблъун», - абун.

Нилъерго гъалатIал щал?

Нилъер улкаялда исламалъе эркенлъи щваралдаса хадуб анцI-анцI сонал ана. Амма гIемерисел бусурбабазул хьвади лъикIаб рахъалде сверичIо: гIадамазул зулму гIемерлъана, цIогьгун чIвай-хъвей гьарзалъана, ришватал кьуна ва росана, капурзабазул шагьаразда гIадин, гьарзаго гIаракъи биччана ва гьелъул даран гьаби тIибитIана, бечедазда гьоркъоб дагьаз гурони закагIат бахъизе гIамал гьабичIо, черх къватIибе загьир гьабулел модабазда нахърилълъун бусурбанал руччаби хьвадана, зина гIемерлъана, жахIда-хIусуд цIикIкIана, гIицIго рузман къоялъ ун гурого, цогидал къояз щуябго какде Аллагьасул ﷻ рокъоре хьвадичIого гьел чIорого тана, лъазе тIадабгIаги исламияб гIелму лъазабичIо, кIудиясул хIурмат кквечIо, гьитIинасда гурхIел гьабичIо, дунял гьабиялъул гурони ургъел гьабичIо, гIагарлъи цоцадаса тIуна, как бай, кIал кквей, Аллагьасе ﷻ тIагIат гьаби, Гьев рехсей мугьмалго тана, хIарамаб кванана, хIарамаб гьекъана, хIарамаб ретIана, лъикIалдехун амру гьабичIо, квешалдаса нагью гьабичIого, гъибат-бугьтан, мацI гьаби гIемерлъана. Аллагьу ТагIалаяс жиндирго Хирияб каламалда рехсолеб буго гьадинаб магIнаялъул аят: «Ракъдаллъиялдаги ралъдалъги пасалъи гIемерлъана, гьезул квераз гьабураб гIамал сабаблъун, гьезго гьабураб квешаб гIамалалъул цо бутIа - гIазаб гьезда чIамизабизе буго, гьел кантIуларищали бихьизе». Халгьабе, хириял бусурбаби, гьаб хирияб аяталъ нилъеда бичIчIизабулеб буго, гIадамаз квешаб хьвадиги гьабун пасалъи загьирлъараб мехалъ, гьел кантIизе, гьел квешлъиялдаса руссине гIоло ТIадегIанав Аллагьас гьезда дунялалдаго гIазаб чIамизабулеб букIин.

Нилъ кантIизе ва квешлъиялдаса руссине гIоло тIаде биччараб балагьалъе дару буго гIицIго кантIи ва тавбу гьаби. Гьедин букIин нилъеда бичIчIула гьадинаб магIнаялда бачIараб Къуръаналъул аяталдасанги: «ХIакълъунго, Аллагьас цо къавмалда тIад бугеб жо хисизабуларо, гьез жидерго нафсалъулъ бугеб жо хисизабизегIан», ай гьез жидерго хьвади хисизабизегIан. Нусабго проценталъ кинабго квешлъиги тун, лъикIаб нухде халкъ бачIин букIунареб жо буго. Амма Дагъистаналъул бусурбабазул цIикIкIарасеб къадаргIаги кантIун, Аллагьасул ﷻ нухде рачIани, гьеб мехалъ ТIадегIанав Аллагьги ﷻ гурхIила, гIадамазда тIаса балагьги борхила. Дица гьаниса гъоркьехун рехсезехъин руго гьаб нилъеде тIаде бачIараб балагь тIаса босиялъе нилъеца хIалтIизаричIого рес гьечIел дараби ва сабабал. Нилъеда ццимги бахъун, Аллагьас тIаде тIамураб амру гьаб батани, гьелъие сабаб буго гьал хадур рехсарал дараби хIалтIизари.

– Киназго тавбу гьабизе ккела чIахIиял мунагьаздаса. Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас рехсон буго гьадинаб магIнаялъул аят: «Нужеца нужерго БетIергьанасда тIаса лъугьаянги гьаре, мунагьал чуриги тIалаб гьабе, Гьев цIакъ мунагьал чурулев вуго, нужеца гьедин гьабуни, Аллагьас нужее гьарзаго цIад базе буго». Гьаб хирияб аяталдасанги бичIчIулеб буго тавбу гьаби Аллагьасул рахIматал рещтIинариялъул сабабаздасан букIин.

– Киназго хириял гIужазулъ, ракI бекун, хIелун, мунагьаздаги мукIурлъун, ТIадегIанав Аллагьасда гьаризе ккола балагьал тIаса росеян. ХIадисалда абулеб буго дугIа муъминчисул ярагъ кколилан. КигIан гIемер гьараниги, чIалгIинеги бегьиларо, щайин абуни, хIарамаб жоялдалъун дугIа гьабичIебгIан заманалда, нужер цоясе жаваб кьолилан хIадис бугелъул. Амма кин жаваб кьезе бугеб, гьарараб жо гьарараб сагIаталъищ яги дагьабги лъикIаб жо хадубищ кьезеги бугеб, ялъуни дагьабги кIудияб балагьищ нахъчIвазе бугебали, ТIадегIанав Аллагьасда лъала, нилъеда лъалеб жо буго дугIа гIадада кколареблъи. ТIокIаб жо гьечIониги, дугIа гьабиялъул кири щунги, дугIа гIодобе бортуларо.

– Свалат-салам лъеяв Аварагасде свалат гIемер битIизе ккола. Убайю бину КагIбица свалат-салам лъеяв Аварагасда абураб мехалъ дица дуде кидаго свалат битIизе бугилан, Аварагас ﷻ гьесда абунила, гьеб мехалъ Аллагьас ﷻ дуда тIаса ургъелги босулин, балагьалги рорхулин абун.

– Зина гьабиялдасаги риба кванаялдасаги рикIкIалъизе ккола. ХIакимица бицараб кьучIаб хIадисалда буго, свалат-салам лъеяв Аварагас ﷺ абунин: «Цо росулъ зинаги риба кванайги загьирлъараб гIужалда, хIакълъунго, гьез жидедаго тIаде гIазаб рещтIинабула», - ян. БатIалъи гьечIо, росулъго гIадин шагьаралдаги улкаялдаги зинаги рибаги загьирлъараб мехалда, гьенибеги рещтIуна Аллагьасул гIазаб.

– ГIаракъи бичиялдасаги гьеб гьекъеялдасаги тавбу гьабизе ккела. Гьединал чагIазде Аллагьасул нагIана рещтIунилан хIадис буго. Цоги хIадисалда буго: «Дир умматалъ анцIила щуго пиша гьабураб мехалъ, гьелда тIаде балагь рещтIуна», - ян. Гьезда гьоркьоб рехсон буго дир умматалъ гIемераб гIаракъи гьекъараб мехалъги гьелде балагь рещтIунин абун.

– Эбел-эмен къварид гьарурал лъималаз хIаракат бахъизе ккела гьел рази гьаризе. Эбел-эмен къварид гьарулел гIадамазе, ахираталда букIунеб гIазаб малъичIого, дунялалъул рокъобго гьезде тIаде Аллагьас ﷻ мискинлъиги, хIакъирлъиги, унтабиги, ццим бахъинги тIамулин абурабги хIадис буго.

– Росабалъ, шагьаразда ругел гIемерисел бусурбаби хьвадизе ккела мажгитазде щуябго как жамагIаталда базе. Свалат-салам лъеяв Аварагасда бицана, цо гIадамал мажгиталъуре хьвадулел гьечIилан. Гьеб мехалъ гьес абуна: «Цин-цин дида ракIалде кколеб буго, дир бакIалда имамлъи гьабизе цо чиги тIамун, асхIабзабиги рачун рохьовеги ун, магь цIун цIулги рохьоса босун, жамагIаталде хьвадуларел гIадамазул рукъзабазда цIаги гъун, гьезда тIаде рукъзал рортизаризе», - ян. ГьедигIанги Аллагьасул ццим бахъунеб жо буго бусурбаби мажгиталде жамагIаталде инчIого чIей. ГIемерисел росабалъги шагьараздаги азарго бусурманчиясда гьоркьоса 5-10 чи, гьоркьохъеб хIалалда, мажгитазде хьвадулев вуго. ГодекIабийин абуни гъибат-бугьтан гьабулел, кагътал, шахматал хIалел гIадамазул цIун руго, хасго шагьаразда, гIолохъанал ясалгун данделъун, гьекъолдун, кьурдун, кучIдул ахIун, саяхълъиялда хьвадун. Аллагьасул ﷻ рукъзал мискингоги тун, шайтIаниял мажлисал гIуцIулел гIадамазда Аллагьасул ццимги бахъуна, гьединал балагьалги тIаде тIамула.

Аллагьас цIунаги нилъер улка тIаде рачIунел киналго балагьаздаса! Амин!

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Хехдариялъ рачуна...

Хьул къотIи ккола тавакаллъи гьабиялъул тIубанго гIаксияб рахъ. Хьул къотIиялъ рухIги гIакълуги хвезабула. Напсалда хурхун абуни, гьелъ хвезабула жанисеб рахъалъул ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ божилъи гьаби, Гьесие ﷻ мутIигIлъи, сабру гIадал муъминчиясул хасиятал.   ГIакълуялъул рахъалъ инсан...


БачIине бугеб къо

Бусурбабаз иман лъезе кколелдасан буго Къиямасеб къоялъ щибаб махлукъат Аллагьас ﷻ гIарасаталде бахъинабизе бугеблъиялда. Дунялалда нилъ руго заманалъ гIумру гьабизе риччараллъун.   Нилъер иманалъул аслияб магIнаялъул цояб ккола: «Инсан хвезе вуго дунялалда жинца гIумру гьабураб хIалалда ва...


ХвезегIан хьитал ретIинчIев

ЦIар рагIарав гIалимчи Ибрагьим ХIарбияс бицана Бишр бин ХIарисияс абулеб рагIанин: «Нилъедаса ратIаралъарал цо-цо чагIи ракIалде щведал, ракIал чIаголъун рачIуна. Амма руго цо-цо чагIи жал рихьидал гIадамазул ракIал холел», - ян.   Гьаб макъалаялда бицен гьабизе бугевги ккола...


Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго

Жакъа нилъеда гIемер рихьула цо-цо чагIи, гIураб динияб лъайги гьечIел, гIараб мацIги лъаларел, амма гIакъидалъул гъваридал суалал гьоркьор лъолел. Гьез цохIо жидерго пикрабазда мугъчIвай гьабула, амма церехун рукIарал ритIухъал чагIазул - салафазул бичIчIи хIисабалда бихьизарула. Цо-цо мехалъ...


ГIалимзабазул советалъул резолюция

2026 соналъул 11 февралалда тӀобитӀараб ДРялъул ГӀалимзабазул советалъул данделъиялъул хIасил гьабун, жакъа къоялъ чара гьечIел диниял, тарбия кьеялъул, хъизамалъул, жамгӀияталъул ва социялиял суалазул халги гьабун, ГӀалимзабазул советалъ, ТӀадегӀанав Аллагьасда ва жамгӀияталда цебе жидерго бугеб...