Аслияб гьумералде

Бищун вокьулеллъун рукIарал

Бищун вокьулеллъун рукIарал

АлхIамдулиллагь, щибаб рецц Аллагьасе ﷻ. Гьале, исанаги рабигIул аввал моцI тIаде щвезегIан нилъее гIумру букIун буго. Гьаб моцIалъул хиралъиялдаса бугеб лъиего балъгояб гьечIо. Бищунго хиралъи лъалездасан рукIана асхIабзаби. АсхIабзаби рукIана щибаб хIалалъулъ Авараг ﷺ кIодо гьавулел, гьесие ﷺ гIоло рухI кьезе хIадурал. Гьездаги Авараг ﷺ батIи-батIияб къагIидалда лъалаан ва вокьулаан.

 

Авараг ﷺ сундасаго цеве гьавулев, бищун гьев ﷺ вокьулевлъун вукIана жиндаса Аллагь разилъаяв Абубакар-асхIаб . Абубакар вукIана кидаго Аварагасда ﷺ цадахъ вукIунев, жиндир напсалдасаги цеве гьавун кинабго гьесие ﷺ къурбан гьабурав. Исламалъул байбихьуда тIоцебе Аварагас ﷺ гIадамал хIакъаб нухде ахIизе лъугьиндал, гьесда ﷺ мушрикуназдасан гIемераб захIмалъи бихьана. Гьеб хIалалъулъ тIоцебе хIалае вахъарав вукIана Абубакар ва гьесиеги кьуна гIемераб гIакъуба. Цо нухалъ гьез вухарав Абубакар тIубараб къоялъ лъавуде вачIунарого вукIана, хIатта хвечIого ворчIиларин абун, хьулкъотIицин букIана. Амма, вигьиндал, тIоцебе гьес абуна Аллагьасул Расуласул ﷺ щиб хIал бугебин абун. 

Гьижра гьабун Аварагги ﷺ Абубакар-асхIабги Мадинаялде унелъул, МухIаммадил ﷺ рокъов, жив мушрикуназ чIвазе вукIин лъаниги, щибго хадуб ккезе бугелъул ургъел гьабичIого, гьесул ﷺ бусада вегун чIун вукIарав ккола ГIали-асхIаб . ГIали-асхIаб вукIана Аварагасе ﷺ къолден кинниги сундулъго хIалае чIарав гIолохъанчи. ГIемерал рагъазулъги бахIарчилъи бихьизабуна ГIали-асхIабас Аварагасул ﷺ нухлуе кумек гьабун.

Авараг ﷺ кутакалда жиндие хирияздасан вукIана Зайд бин Даснат . Мушрикуназ кверде восун чIвазелъун цеве вахъинавураб мехалъ, МухIаммадида ва гьесул ﷺ диналда хурхун батIи-батIиял кIалгьикъиял Абусуфяница гьарулелъул, Зайдица абуна ТIадегIанав АллагьасхIаги, МухIаммадил ﷺ хIатIида цо заз къазегIанги гьаниб жиндир габур къотIизе цIикIкIун бокьилин абун.

Жалго мушрикуназ абуна асхIабзабазе МухIаммадгIан ﷺ гIадамазе вокьулев цониги чи жидеда вихьичIин.

УхIудалъул гъазаваталъулъ йикIана Умму ГIаммарат абурай чIужугIадан. Мушрикиназулгун Аварагасул ﷺ кьварарал тунка-гIусиял ккун, рагъ унелъул, бахIарчилъиялда ягъана гьей МухIаммадги ﷺ цIунун. УхIудалъул гъазават ракIалде щвезабулаго, Аварагас ﷺ гIемер бицунаан гьелъул, кинаб рахъалде валагьаниги, живги цIунун ягъулей йихьулаанин Умму ГIаммаратилан. Абула гьеб къоялъ Умму ГIаммаратида анцIила хадуб ругъун щун букIанинги.

Гьебго гъазаваталъулъ бахIарчилъи бихьизабуразул цояв вукIана РабигIил СагIду абурав асхIабги. Гьесул хIал цIехон балагьизе Аварагас ﷺ витIула гьесухъе чи. ГIемерал ругънал щун, хвалил унтулъ ватарав СагIдуца абула, жив хвезехъин вугин, жиндир рахъалдасан Аварагасда ﷺ салам бицейин, къавмалдаги абейин нужер рагьулеб цо бер чIаго букIаго, Аллагьасул ﷻ Расуласда ﷺ дагьабниги зарал хъатIизе тани, гьеб нужер гIайиб бугин абун.

Гьеб гъазаваталда, мунапикъзабаз хабар биччан букIана Бичасул Авараг ﷺ чIванин абун. Бану Динар абураб тухумалдаса цо чIужугIадан ячIана лъугьунеб бугеб ахIвал-хIалалъухъ балагьизе. Гьелда бицана дур эменги, вацги, росги чIванилан. Амма гьелъ цIехана Авараг ﷺ кив ва щиб хIалалда вугевин абун. Гьелъие баян гьабуна МухIаммад ﷺ чIаго вугин ва лъугьараб щибго къварилъиги гьечIин абун. Бицаралъ гьелъул хIал хьечIо, гьелъ тIалаб гьабуна Авараг ﷺ вихьизави. Сах-саламатго Авараг ﷺ вихьидал, гьелъ абуна, мун чIаго хутIун хадуб, цогидаб гьадингосеб жо бугин.

Жиндаса Аллагь ﷻ разилъаяв Абу-Дажанат абурав асхIаб вукIана гьеб гъазаваталъулъ капурзабаз чIорал речIчIулелъул Аллагьасул ﷻ Расуласде тIаде къулун, рачIунел чIорал гьесда щвечIого рукIинелъун. 

ТIалхIат абурав асхIабасда, гьеб гъазаваталъулъ Авараг ﷺ цIунун вагъулаго, щварал ругънал лъабкъоялда анцIгоялдасаги цIикIкIун рукIанинги абула. 

Аллагь ﷻ разилъаяй ГIаи-шатица бицун буго цо чи вачIанин Аллагьасул ﷻ Расуласухъе ﷺ пашманго. Цо-цо риваятазда буго гьев Савбан абурав асхIаб вукIанинги. Гьес Аварагасда ﷺ абула, мун жиндие черхалдасаги, лъималаздасаги, агьлуялдасаги цIикIкIун вокьулин абун. Рокъов вугеб мехалъ зама-заманалдаса мун ракIалде вачIунин, амма вихьичIого хIалхьун чIезе кIоларин, гьелъ мун вихьизе вачIунин абун.

ГIали-асхIабас бицун буго, Бичасул Аварагасда ﷺ аскIор ругеб мехалда жал рукIунаанин ботIрода хIинчI чIолеб куцалдайин абун (Тирмизи) .

Аллагьас ﷻ насиб гьабеги щивав бусурбанчиясе Аварагасдехун ﷺ рокьи, гьесда ﷺ нахърилъин. Тавпикъ гьабеги гьесул ﷺ гIумру лъазабизе, гIемер рехсезе, салават битIизе, суннат цIунун хьвадизе.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...