Аслияб гьумералде

Рухсаби кьун руго

Рухсаби кьун руго

Рухсаби кьун руго

АлхIамдулиллагь, гьале тIаде щвана хирияб рамазан моцI. Гьаб буго умматалъул моцIин жинда абулеб, нилъее лъикIал гIамалал жеги цIикIкIун гьаризе бигьаяб, рохалилаб моцI. Гьаб моцIалъ кIал кквей щивав балугъав, гIакъилав, сахав бусурбанчиясда тIадаблъун гьабунги буго.

 

Амма жидер черхалъул сахлъи гьечIел яги цогидал шаргIалъ бегьизабурал гIузраби ругел чагIазе ихтияр кьун буго кIал ккунгутIизе. БетIергьанас ﷻ хирияб Къуръаналда абун буго (магIна): «Аллагьас ﷻ чиясда тIадкъаларо гьесда хIалкIолеб жо гурони», - ян (суратул «Бакъара» 286 аят). Гьединлъидал, шаргIалъ хIалал гьабуна рамазан моцIалъ цо-цо гIузраби ругел чагIазе кIал биччай.

КIал кквечIого чIеялъе яги гьеб биччаялъе руго гIузраби.

Унти. Цо чиясул кIал кквеялдалъун унти цIикIкIиналда яги халатбахъиналда хIинкъи бугони, унтиги кутакаб, жиндалъун рахIатхвей кколеб бугони, гьединав чиясе гIузру буго кIал кквечIого чIезе. Амма хадуб бецIизе тIадаб буго. Гьев (кIал биччазе гIузру бугев) чи кIал кквезе бажарулареб хIалалда вукIин шартI гьечIо, кIал кквеялдалъун кутакаб захIмалъи кколеб бугони гьесие гIузру буго кIал биччазе. Амма дагьа-макъаб унти бугев чи вугони, кIал кквеялдалъун чорхое зарал ва кутакаб гIакъуба-захIмалъи кколарев, гьединав чиясе кIал биччазе гIузру гьечIо. Кутакаб, кIал кквеялдалъун гьалаглъиялде яги чорхое кIудияб зарал ккеялда хIинкъи бугеб унти бугев чиясда тIадаб буго кIал биччазе ва хадуб рес ккарабго бецIизе.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абун буго (магIна): «Нужеца нужерго напсал чIваге (гьел дунялалда яги ахираталда гьалаглъиялде рачунеб кинаб бугониги жо гьабиялдалъун), хIакълъунго, Аллагь ﷻ нужеда гурхIулев вуго», - ян (сурату «ан-Нисаъ» 29 аят).

Сапар. Рамазан моцIалъ шаргIалъ бегьизабураб хIалалаб сапаралда вугев чиясеги ихтияр буго кIал биччазе. Хадуб бецIизеги тIалъула. Гьединасе шартI буго рогьел баккилалде сапаралде вахъун вукIин. Радал кIалги ккун рокъов вукIарав чи къад сапаралде вахъани, гьесие сапаралда вугин абураб гIузруги бачун кIал биччазе изну гьечIо, амма бегьула захIмалъулеб, бажарулареб хIал батани. ЗахIмалъи кколеб гьечIони, гьесие хирияб буго сапаралда кIал кквезе.

Сапаралдаса вуссун рокъове щвани, гьев чиясе хирияб буго къоялъ гIужалъул хIурмат гьабун, имсак гьабун чIезеги (квана-гьекъонгутIизе).

КIал кквеялдаса гIажизлъи. Херал чагIи ялъуни сахлъиялде хьул гьечIев чи вугони, кIал кквезе бажаруларев, гьединазда кIал кквеялдалъун хIал гьабуларо. Гьезда тIалъула щибаб биччараб кIалалъул бакIалда муд кьезе. ХIехьон кIал ккуни, муд тIаса ккола.

КIал кквезе бажаруларел чагIи ратани, мискинал жидер гьеб муд кьезе рес гьечIел, гьездаса мудги тIаса ккола.

Лъимаде йикIин ва лъимер хахизаби. Къинай ва лъимер хахизабулей гIаданалъеги рухса кьун буго кIал биччазе. Гьединал руччабазда тIалъула хадуб гьеб бецIизе. Гьез кIал жидерго черхалъе зарал ккеялдаса хIинкъун биччан батани, гьезда кIалал рецIи гуреб жо тIалъуларо. Гьединабго хIукму буго гьез кIал жидедаго ва лъимералда хIинкъун биччан батани. Амма гьез кIал гIицIго лъимер цIуниялъе гIоло яги рахь дагьлъун лъимералъе зарал ккеялда хIинкъун биччан батани, гьезда кIал бецIигун цадахъ тIалъула щибаб биччараб кIалалъухъ муд кьезеги.

Къинай яги лъимер хахизабулей чIужугIаданалъ сапаралда йикIун яги унтун кIал биччани, гьелда кIал бецIи гурони муд тIалъуларо, гьелъ кIал лъимералда хIинкъун биччанигицин.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги щивасе гьаб хирияб моцI Жив разилъуледухъ тIамизе.

 

АхIмад Къурбанов

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


ХIежалъул хIакъалъулъ бицана

ХӀежалде ине заман щолеб букIиналда бан, МахӀачхъалаялда тӀобитӀараб данделъиялда гIахьаллъана хӀеж борхиялъул рахъалъ жавабиял идарабазул ва гӀуцӀабазул вакилзаби. Гьенир гьоркьор лъурал аслиял суалал рукӀана авиатранспорталда, сапаралъул шартӀал, СагӀудиязул ГӀарабиялъул Къираллъиялъул тӀалабазда...


ИсмагIиловас гIахьаллъи гьабуна

ДРялъул муфтияталъул председатель Мурад ИсмагIиловас гIахьаллъи гьабуна республикаялъул гIелмиябгун практикияб конференциялда. Гьеб тIобитIана Юстициялъул тIолгороссиялъул пачалихъияб университеталъул базаялда – Северияб Кавказалъул институталда (МахIачхъала шагьар). Гьениб кIалъазе вахъарав...


Мордовиялъул муфти ва волонтерал

Лъим кIанцIиялдалъун къварилъи ккаразе кумекалъе Дагъистаналде вачIун вукIана Мордовиялъул муфти Раил Асаинов ва нусгогIанасев волонтер. ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандихъеги щвана Мордовиялъул муфти. Гьениб АхIмад-афандица баркала загьир гьабуна гьесие ва гьесда цадахъ рачIаразе...


ГIараб мацI лъаялъул мажлис

Дагъистаналъул исламияб университеталда тIобитIана гIараб мацI лъаялъул мажлис. Гьебги тIобитIана бацIцIадаб гIараб мацIалда. Мажлис тIобитIиялъе гIилла букIана студентазул гIараб мацIалде рокьи цIикIкIинаби, гьезда гьеб лъалеб куцалъухъ балагьи ва гьелде кьолеб кIвар цIикIкIинаби. Мажлисалда...


ДНРалъул муфти дандчIвана ДРялъул муфтигун

Донецкиялъул Халкъияб Республикаялъул муфти Рашид Брагин вачIун вукIана ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясухъе, тIабигIияб балагьалде ккараб Дагъистаналъул халкъалъул рахъ кколеб букӀин загьир гьабизе. ДНРалда захӀматаб ахӀвал-хӀал букӀаниги, Донбассалъул диниял церехъабаз бихьизабуна хIажатаб...